Издать книгу

Сверун унеб замана - Sverun uneb zamana Fatimat Kicheva

Сверун унеб замана  - Sverun uneb zamana Fatimat Kicheva
Тип произведения:
Авторское

Sverun uneb zamana Fatimat Kicheva


Сверун унеб замана 

Нилъер умумузул кIалзул асарал нилъеда ричIчIизе ккани, гьезул захIаматаб гIумруги гьезда рихьарал гIемерал къварилъабиги, гьезул тарихги нилъеда лъазе ккола.

Гьаб гьитIинабго тIехьалда данде гьарун руго дицаго гьаруралги, дирго гIагарал- гIунтIараз гьаруралги, дида автор лъаларел, бицунел, рикIкIунел, рагIаралги кучIдул, ваабиял.

БичIулеб буго гьезул гIумру гIадатиябги, бигьаябги букIинчIеблъи.

Нилъер умумузул цоцазда гьоркьоб гьудуллъиги, чIужугIаданелдехун лъикIаб бербалагьиги, берцинаб хьвада цIвадиги мисаллъун буго нилъее жакъаги.

Фатимат Кичева



МоцI

ГIодобе биччараб

МугIрул расалъи

Сардиль накIкIазда гъорлъ 

Гъапуллъун буго

Беццаб сордо къотIун 

Къокъун унеб моцI, 

Кьижараб росдае Чирахълъун буго



Заман ун буго

Роххалил кучIдузул, 

Кепал харбазул, 

Хинал маргьабазул 

Заман ун буго

ГIундузда рагIарал 

Пашманал харбаз - 

Дир кочIол бакъназул 

Бакъ тIерхьун буго



Херал асарал

НекIсияб халкъалъул 

Херал асарал, 

АхIулел гьечIо нуж 

ЧIунтарал ракIаз

Доб авар халкъалъул 

Кьварараб мацIги 

Хабалъ лъезе буго 

ТIаде ракьги бан



Зобал рорчIана

Рогьалил хъахIлъиялъ 

КунчIи рехана, 

Бакъбаккул рахъалъан 

КанцIи бачIана

Дол чIегIерал мугIрул 

ГIурччинлъун ккана, 

Пашманаб дир ракIги 

Биччан бачIана

Гьанже чIичIидана 

Рогьалил хIанчIи, 

Зобал макьидаса 

ТIоран рорчIана



КIкIара

- Дун макьиххун и;иго 

Кьижизе и;иччаи;, 

Гьаб жо сордо буго Дирго нухда а -

Бищунго нич гьечIеб, 

Дунялалда тIад, 

КIкIара бачIун буго 

Жакъаги дихъе.

Гьаб гьитIинаб кIкIара, - 

Гьаи; кIудияи; дун - 

Гьалдасса кIудияб 

Тушман гьечIо дир



Сверана сонал

Гьанже щиб гьабилеб 

Гьадин ккана иш, 

Ана тIасса гIодоб 

Дир соназул ихх

Ана гIолохъанлъи, 

Сверана сонал, 

Тана нахъа гIумру, 

Бихьула ахир

Амма заман ана, 

Пашманлъана дун, 

Мекъи гIолохъанлъи 

ТIамиялдаса



ЧIегIераб сордо

Жакъа бачIун буго 

Доб бацIил сордо, 

КанцIи бихьулареб, 

Зодоб моцI гьечIеб

Таваккал тIамуна, 

Ният гьабуна, 

ХIадурлъана херав 

РецIел босизе.

Чакмаби ретIана, 

Чухъа ретIана, 

ТIасан рачел къана 

Хинжарги бухьун

Гьурмада жемуна 

ЧIегIераб башлихъ, 

ХъахIаб бегеж бахчун 

Берал хутIана.

МагIида бан бугеб 

ЧIегIераб туманкI, 

Кодобе босана, 

Лъимер кинниги.

Гъуждузде рехана 

ЧIегIер буртина - 

ЦIорораб хасало

Нухлуласул рукъ 

КъватIибе бачана 

ЧIегIераб барти, 

ЛахIту гIадаб сардилъ 

КанцIи бихьулеб

Яги тушман чIвала, 

Я дун шапила - 

ЧIегIер базе буго 

Цоясул рокъоб

КIиго мегIер тана, 

КIиго гIор тана, 

Рохьоб чуги бухьун 

Нух ккуна херас.

РачIунел рихьула 

ЦIаялги ракун,

Дир бидул тушманги, 

КIиявго вацги

Цо-цо рекIарасда 

Цо-цо кьвагьана 

Щва-щварав ччукIана 

Чодул малакье.

***

Амма щиб кканиги,

Ццимги ургъелги - 

Насло-наслоялъе 

Ирсалъе буго



Щаи;зедаи;

Щаи;зедаи; къисматалъ 

Къадарлъун хъвараб 

Хисардулеб бакъан 

Дир рокьиялъе

КIиго ракIищ бугеб 

Каранда жаниб? 

ЦохIо пикруялда 

БетIер толаро.



Гочарал

Гьава-ракь чорокаб, 

Чвархъи гIемераб, 

ГIедегIун унезул 

Къоно-къватI цIураб,

ЦIогьоди гIемераб, 

ГIорхъолъа араб, 

Узданаб росу тун 

Рехе гочарал

Гарбида кIичIги бан 

Хадур цIаниги, 

Рижараб росулъе 

Руссунел гьечIо



Памятник

Къварилъи бессарал 

Соналги ана,

РахIму гьечIеб рагъул 

Ругънал сахлъана

Бихьана, лъаларев 

Рагъухъанасе, 

РакIалда швеялъе, 

Бугеб памятник

Рагъда чIел босарав 

Багьадурасе 

ПасихIго гьабураб 

Мазгарул сурат



Заниялда хъван батана

Сон дунги вукIана 

Жакъа нуж гIадин, 

Метер нуж рукIина 

Жакъа дун гIадин



Свана цIва

Балагье, зодиса 

Свана цои;ги цIва, 

ЦIар арав рагъухъан 

ГьечIо вуссунев

ЧIваразда гьоркьовги 

ГьечIо ватулев, 

ТIагIун вуго рагъда, 

РикIкIада нухда.



Эбелалъул ракI

ГIодобиччаи; гьечIеб 

Эбелалъул ракI 

ХIалуцун гьалдола 

Вас ракIалде щун

Унел руго сонал, 

Сабру гьечIо дур, 

Ссунел руго берал, 

Хадур ралагьун

БухIараб магIуялъ 

Ссудула берал,

Мун вачIунев гьечIо, 

Вуссунев гьечIо



Херав магIаруласул рагIаби

Дир цо-цо мехалда 

РакI пашманалъула, 

Парахалъи гIурал 

ГIадамал рихьун

ГIажаиблъун, цо-цо 

Дун валагьула - 

ЧIвалеб буго малакь 

МагIарул гIадат

ГIагараб ракьалде 

Рокьи тIагIарал 

ТIаде гIолел гIелал 

ГIемерал руго



Тамаша

Тамашалъун гьанже 

Балагьун и;иго, 

Тирулеб сверулеб 

Гьаб дунял буго

Ящикалде жании; 

Балагьун и;иго, 

МагIна бичIчIулареб 

ГIумруги буго



Метер щибдаи; ккела?

БачIунеб къоялъухъ 

Дии; ургъел буго, 

Лъукъун руго нилъги, 

Дунялго гIадин

ГIоралъ унеб буго 

Ургъалил гIумру, 

Метер щибдаи; ккела - 

БичIчIулеб гьечIо.

Дунги, магIарулав - 

Дур хиял гьабун - 

Дир цо-цо заманалъ 

РакI пашманлъула



Щола ракIалде

Чанги ахIи ана

Дур авалалде, 

Щолеб гьечIо жаваб, 

Хунищ мун и;игеи;?

- Дун жеги хун гьечIо, 

ЧIаго и;иго дун, 

Щибаб къоялъ мунги 

Щола ракIалде.



Лъутулел руго

Аваразул кулал 

Кире риларал?

Кир ругел къулгIаби? 

ЧIунтIун ана нуж.

Къулизе ицц гьечIо, 

Иш лъугIун буго, 

Ал нилъер росаби 

РухI босун руго

Рижарал ракьалде 

Рокьи лъугIарал, 

Росаби рехун тун 

Лъутулел руго.



МугIрул хутIана

Унго тIагIинадаи; 

ТIад магIаруллъи? 

ГIадамал дагьлъана, 

МугIрул хутIана

Нилъерго мугIрул тун 

Лъутулел руго, 

ХутIарал гIадамал 

ГIемерал гьечIо

РештIен тун рехере 

Гочунел руго, 

ХутIиладаи; хабар, 

Харбие чIадан.



Росаби тана

ГIагарал росаби 

Рузазе тана, 

ТIадмагIарул ракьал 

Рекьулел гьечIо

Ракьул къимат лъалел 

ЛъугIун ратана, 

ЛъикIалщинал рищун 

Рилул ратана.

ХутIаралги анин, 

Ругелги хванин, 

Хобазда заназул 

Зигара буго.



Гочизе гьечIо

Гьанирго гIодулел 

ГIорал хутIана, 

ГIоралъ росун арал 

Сонал хутIана.

Дун вехе инаро, 

Инеги гьечIо, 

Гьанивго хутIила, 

Гьанивго хвела.

Цогиязул хабар 

Дида гьикъуге,

Гьез жинцаго кьела 

Жиндирго жаваб



Гьадин сверун унеб замана буго

Эхебе сапаралъ

Чу кьолони щиб, 

Кьолонив лъикI гурин - 

Лъелго вилъана

ЛъарагI гIадамазул 

ГIамал босарал 

Васал гIолел руго, 

ГIатIи-ракьалда

Гьадин сверун унеб 

Замана буго, 

Сверулел, тирулел, 

ГIадатал руго.

Лъудбузул бакIалда 

Бихьинал руго, 

Бихьиназда релълъун 

Руччаби руго.



Росаби тарал

РатIлил чохьол буго, 

Бицунеб хабар, 

ТIоран хисун руго, 

Росаби тарал

Базарал сверулел 

Тамахлъун руго, 

Чорхода унтаби 

ГIемерлъун руго

Рижараб росулъе 

ТIад руссунарел 

ГIадамазул пикру 

БичIчIулеб гьечIо



Занаби хутIила

МугIрузул гIадатал 

Рехун тун руго, 

МагIишат хун буго, 

Хур бекьуларо

ХутIарал гIадамал 

ГIемерал гьечIо, 

ГIемерал ун руго - 

Алги къокъина

Къоялги сверина, 

Ина замана, 

Занаби хутIила, 

ХутIаралги хун



ХIал хисана

Гъаримал хIанчIазул 

ХIал хисун буго, 

ХIасратаб чIирчIири 

ЧIун хутIун буго

ГIалам чучун буго, 

Чундул дагьлъана, 

Чунчулел хъабаназ 

Ханлъи гьабуна

Гьанже гьал мугIрузул 

Гьури хисана, 

Гьарудулел чагIи 

Гьанир лъугьана.



ХъачIаб гIамал буго гIолилазе щун

Хисун бихьуларищ 

Ракьазул гIадат? 

Умумузул гIадат 

КIочон тун буго

Жал аварал рукIи 

РакIалда гьечIо, 

Росулъ хIалихьалъи 

ГIемерлъун буго

Бикъа-хъами буго, 

Цогидаб буго, 

ХъачIаб гIамал буго 

ГIолилазе щун.



Хиси-баси ккана

Хиси-баси ккана 

Цо дагьал соназ, 

МугIрузул гIадатал 

ТIоран хисана

Гьуинаб, тIагIамаб, 

ТIех бихьуларо, 

ТIомохьитал лъалел 

Лъималги гьечIо

ГIака-бече гуро, 

Чу-хаIма гуро, 

Лъилго ургъел гьечIо - 

ЧIухизе щвани

Оцал хутIун гьечIо, 

ГьоцIи тIагIана, 

ГьоцIиб лал тIамулел 

Лулби тIагIана



Аваразде

Леги ваги буго, 

ТIокIаб жо гьечIо, 

Аварал ругилан 

Аби гурони

Эзда релълъараб жо 

ХутIунго гьечIо, 

ЛъикIаб асаралъул 

Асар хун буго

Цере рукIаразул 

РагIадал руго 

Шваралда гIеи; гьечIо, 

ГIорцIулел гьечIо



Габур

БацIида гьикъун буго:

-Кин биццалъараб дур габур абун

-Дирго къваригIелалъ дунго ун – абун жаваб 

кьурабила бацIицIа.



БацIил суд

БацIил суд гьабулеб букIун буго. Прокурорас абун буго:

«Дуца гIиял чIван руго. Дуца чамалиго гIака чIван буго

Дуца чуял чIван руго...

Дуе хIукму букIизе ккола цо: - чIваи;» - абун.

Ахирисеб рагIги кьун буго бацIие. Гьелъ абун буго:

«Дица гьел чIвачIо! Дицца гьел кванана! Рокьун кванана! Нужеца кваналарищ нужеего бокьулеб жо? Дие киналго хIаи;ванал ролъула. Дун бокьулелги, дун бокьуларелги:

-гIиялги

-гIачиги

-чуялги... хутIаралги.

Рокьун кванала дица гьел амма гьезие дун бокьуларо!

Дун гьезие бокьулеб батани, гьез дунги кванаи;ха! – абун.

Судалъ хIукму гьабунила бацI биччан тезе.



ДагIба

ТIоцебе чу бихьараб

ХIамица абун буго:

Куц квеш. МахIал халат, гIундул къокъ! – илан

Чоцаги абун буго:

ГIундул халатаб лилипут! – илан



ЦIодораб наи;

ГIодор чIун самовар ги лъун ГьоцIо кваналел рукIун руго Балконалда лъабгояв:

Цояв химик,

КIиабилев летчик – лъабабилев тарихалъул (история) учитель.

Цо боржун бачIараб наялъ хIисун буго гьазда.

Химикас абунила:

Гьалда гьаб загьру гьабизе ккани, химия лъикI лъазе кколин – абун.

Летчикас абун буго:

-Гьадин лъикI боржизе ккани, гьалъ курсалги лъугIизе кколин, техникаги лъазе кколин – абун.

- Нилъерги, наязул гьоцIо бахъи мехъаб жо буго.

Гьаб ккола – экспроприация – абун буго тарихалъул учителасги.



Руслан

Баба! КIкIараялъ хIанчIулеб буго дида – ян абун буго гьитинав Русланица.

- Дуцаги хIанчIе гьелда – абун буго эбелалъги



Гьерсал

Цо лъабгоял рукIун руго гьерсал рицулел:

- Эха, ле, нилъер гьунар гьаваялда топал раи;.

Абун буго гьезухъ гIенеккарав херас.



ГIадамал хисун руго

Нагагь къо кканани, 

Кумекалъ щвезе, 

Божел бугел чагIи 

ГIемерал гьечIо

Гьазул хъулухъалги, 

Хъурмил гIамалги, 

ГIадамал хун руго, 

Хисун ккун руго



Заманалъ зурила

Бараб зарул буго 

Замана бачIун, 

Заманалъ зурила 

Зулмудул агьлу.



Дипломал руго

Нужго кир рижарал, 

Риж хвараб наслу, 

Авар мацI лъаларел, 

ГIурусги лъачIел,

ГIелмудул документ – 

Дипломал руго, 

Дипломални руго – 

ГIаданиб гьечIо



Дирго гIаи;ибал

ГIадамазда гIаи;иб 

ТIокIаб чIваларо - 

Дирго рукIун руго 

ГIемер гъалатIал

Берал балагьани, 

ХIисаб гьабуни, 

Килщал рикIкIун руго 

Дирго гIаи;ибал



Горбода бетIер

Ярагъ букIи

- кIвар гьечIо, ханжар букIи 

- кIвар гьечIо,

ТуманкI букIи 

- кIвар гьечIо,

Гьалагаб чу

- кIвар гьечIо,

Бищунго кIвар бугеб жо 

- Горбода бетIер буго



Лугби рукIун гIоларо

Буртина – чухъа ретIун, 

Чу гьалаглъун гIоларо,

Чорхода къуват бугел 

Лугби рукIун гIоларо,

ЗагIипав чи вихьулел 

Берал рукIизе ккола,

Зигардулел рагIизе 

ГIундул рукIизе ккола



ГIакъло швезе хьул буго

Дур ботIрода гьанже 

ХъахI рас баккана, 

Вере ургъел ккоге, 

Пашманлъуге мун

Гьеб буго бищунго 

ЛъикIаб ишара, 

Гьанже щвезе буго 

ГIакълуги дуда



Умумузул аби

ХIатIал чороклъизе гурилан, килщазда 

вилълъарав магIарулас хIарщулъ дегIен 

чIчIезе ккарабила



Къвалги бан

Жиндирго куи;духъеги вачIун цояс гьелъул 

ботIрода баулила, къвалги балила, амма 

хадуб магъалдаги кващулила



Мадугьал

Ваи;, мун хваяи; мадугьал, 

Хабаралъулги устар, 

Цебе роххелги бицун, 

Хадуб квешаб бицулищ?

Цебе квешаб бицула, 

Хадуб лъикIаб бицула. 

ТIоцере пашманлъани, 

Хадур роххизе ккола.



КIиго вац

КIиго вац кIалъалев вукIун гьечIо. 

Барщун чIун, бан буго лъабго моцI. 

МаслихIат гьабизе вачIарас гьикъун буго:

Кисев нужер кIудияв? – абун 

КIудиясги жаваб кьун буго:

- Соназдалъун дун кIудияв, 

гIамалалъ – ав кIудияв – абун



ВагIза

Цо гIакъилас абун буго

- кIиго жо буго нужеда доб дунялда батулеб – абун:

- нужеца гьабураб лъикIлъиги, ножеда кIочон тани,

- нужее щвараб квешлъиги, нужеда кIочон тани



Гьанивго чIела

Ассалам – гIалаи;кум 

Хириял мугIрул, 

Гьале дун тIад вуссун 

ВачIунев вуго

Барбарараб моцIги, 

РоцIараб зобги,

Дун накъ вуссинаро, 

Гьанивго чIела

Рорхатал мугIрулги, 

Чваххулеб гIорги 

БацIцIадаб гьаваги

- гьанивго чIела.



Каспии;

Чваркулеб карачел, 

БухIараб сали, 

Каспии; ралъад, духъе, 

Дун чIалгIун и;иго

БацIцIадаб салиги, 

БухIараб бакъги, 

ГIемераб мех ана – 

Дун чIалгIун и;иго



Гьале аскIои; швана дун дукъе, Каспии;

Харил алахI тана, 

Сали баккана, 

Гьале аскIои; щвана, 

Дун духъе Каспии;

Хьиталги рахъана, 

Саламги кьуна 

Дур карачелаз дир 

ХIатIал чурана



Рокъое юссина

Воре салам дуе, 

ГIатIидаб Каспии;, 

КIиго лъагIел ана. 

Мун бихьичIого.

Сали цIорон буго, 

Зодоб бакъ гьечIо, 

Карачелал дихъе 

Щаи;зе рехулел?

Жакъа нилъер хабар 

Данде ккеларо, 

Рокъое юссина 

Гьадин мунги тун



Рагъ

Къадруяб цIар цIунун, 

ЦIа бакун буго 

ЦIадулъ гьелегьарараб 

Гьаб авалалда

Рагъул береи; буго, 

Балагь щун буго, 

ТIоцебе бихьулеб 

Ахалъиялда,

АхIи-хIур бахъана, 

Биял чваххана. 

Бидулал тушбаби 

Теларин абун-

ТуркIана, гьутIана, 

Гьужу, малъ ана, 

Гьура къотIуларел 

Къоял рукIана.

ГIарададул гуллби 

Кьвагьулел руго, 

ТIухьидул горо-цIер - 

ЦIоб лъалеб гьечIо

ЦIоб гьечIел балагьаз 

ЧIегIерлъана ракI, 

ЧIер буго бассулеб 

БухIараб къанда



Рагъул сурат

Гьаб авал – ракьалда 

Кьалул кор буго, 

БецIаб кIкIуи;дух босун 

Сверухълъи буго

Беролеб, галдолеб, 

Гьалакаб баи;дан, 

ГIодоб ракь хачалел 

Чармил танкаби



Цо кьвагьи бахъана

Цо кьвагьи бахъана 

ЦIакъго кудияб, 

Кьурабаца данде 

Жаваб гьабуна,

Жибго сверухълъиго 

Сорозабуна, 

Ралъдал карачелал 

Гьелчезаруна

ГIедегIараб гьури 

ГIодизабуна

ГIодоб ракь кьватIулеб 

Кьвагьигун цадахъ



ВатIан

Хасалил согIлъиялъе 

МугIрул мутIитIлъулареб,

Роол гIужалъ мугIрузда 

ГIаздал гIагърал кенчIолеб,

Батиладаи; тIабигIат 

ТIокIаб нилъер гIадинаб!



Кавказ

ГIалахалда тIугьдулгIан 

ГIемерал миллатазул 

Васал вацаллъун кколеб - 

Кавказ, чIухIараб хъизан

Гьудуласе недегьлъи 

Щибаб рокъоб батулеб, 

Тушманасе хвалчаби 

Чархида ккун хIадураб,

ХIелхIедизе лъалареб,

РакI битIараб халкъалъул 

Хъулби руго гьал мугIрул, 

Ракълилгун талихIалъул.



МугIрул

Сухъмахъаз хьухьарал, 

Рохьаз руччарал, 

Чундузул малъазул 

ЛъалкIаз росарал,

ГIасрабаз гIидрадул 

Парталги ретIун, 

ТIалъи цIунун чIарал 

ЧIахIиял мугIрул.

ГIассиял кьурабаз 

Рачелги борчун, 

Чамалде нух бугеб 

Нужеца къараб,

Къуватал иххаца 

Хъвалхьарал кIкIалахъ 

Хъудилел гьал гIорал 

МагIуи;ищ нужер?

Щибаб рогьалица 

Бакъул чIоразе 

ВорчIами тIоцебе 

Нужеца кьола,

Ва бакъанигIужалъ 

ГIаздал тIогьазул 

ГIарцулаб кунчIиялъ 

КанцIи цIилъула.



Меседил мугIрул

Ихдаде мугIрузул 

Зумруд гIадинаб, 

ГIурччинлъиялъ ракIал 

БахIар гьарула

Рии тIагIун хадур, 

ТIогьилал мугIрул 

Меседил гъуназда 

Релълъун рихьула.

Хьухьилъан цIвабзазда 

ЦIан унел гIадин, 

ЦIаруцIи зодихъе 

ГIунтIулел тIогьал,

ЦIутIарал тажал лъун 

Тахида чIарал

Ракьул ханзабазда 

Релълъун рихьула.



Унго мугIрул анищ

Унго, мугIрул анищ 

МагIарулалгун 

Гаргадизе лъалел 

РукIине нилъер;

РикIкIун хIал кIоларел 

Лъугьа – бахъинал, 

Баян гьарилаан

Гьаз гIадамазе.

ГIасрабаз чохьонир 

Балъго цIунарал 

Бечелъаби нилъеи; 

Гьулчилаан гьаз,

Гьарзаго биги тIун 

ТIугьдул лъалъарал, Рагъазул къиссаби ЦIалилаан гьаз.



МугIрузда мацI лъачIониги

ЦIорорал магIрузда 

МацI лъачIониги, 

МагIарулаз гьезии; 

ЦIарал кьун руго,

ЦIумцин боржичIезда 

ТIадеги рахун, 

Рорхатал къадазул 

Хъулби ран руго.

РитIучI хIетIе чIезе 

ХIинкъарал парсахъ 

РекIун чи хьвадулел 

Сухъмахъал руго,

Улбузул курмузда 

Лъимал киннигин, 

МугIрузда хахулел 

Росаби руго.

Ясберлъун даимго 

МугIрул цIунарал, 

МагIарулал гьанир 

РатичIел ани,

РакIчIун лъала дида, 

Историялъул 

РикIкIадулъ гьаб тIалъи 

ХутIилароан.



Гьудуласе кавоу къачIел

Рижараб ракьалъе 

Хилиплъи гьечIел, 

Гьудуласе каву 

Кидаго къачIел,

КъватIисел тушбаби 

Роххихе течIел 

МагIарулаз руго 

МугIрул машгьурлъун...



Шагьасе жаваб

ДурчIи магIардасан 

Мочол таргьаргун 

Чапар вачIанила 

Надир-шагьасул:

«Гьалъул мугьгIан 

ГIемер аскарал ругин, 

Калам тун мутIиглъе, 

МагIарулал» - ан

МугIрузул агьлуялъ 

ГьелъиI жаваблъун 

ХIулараб хIелеко 

БитIарабила:

ТIолабго гьаб мочол 

Мугъ гъоркь течIого 

Гозо бегIерица 

ТагIинабулин.

ТIад вусун нахъеги 

Надирил чапар 

Чодул кьолонисан 

АхIдаравила:

АхIмакъзаби ругин 

Дагъистаналда, 

Дангъура цIезегIан 

ГIечIеб халкъалъул.

ХъахIилал зобалакъ 

ЦIвабигIан гIемер 

ГIадамал ругелин 

Шагьасул бодулъ,

Гьесул гулла-харил 

Сурсат рикIкIине 

Ралъдал гъварилъуда 

ЧчугIа гIеларин...

ГIарабги гъажарги 

Жубараб мацIалъ, 

МухIканго шагьасда 

БичIчIулеб куцалъ

Кагътида хъван ана 

Ункъо кочIол мухъ, 

МагIарулаз гьадин 

Кьолин жавабан:

(«Зодикъ цIвабияли 

ЦIикIкIун ратила, -

ЦIерлъун риуна гьел 

Радал бакъ швеи;гун,

Лъала, ралъдалъ ччугIа 

ГIемераб буго, - 

ГIедегIун тIурула 

ГIадан вихгьигун»).

Гьеб жаваб бичIчIилел 

Шагьасул боял 

Шущазарураб куц 

Гьикъе мугIрузда,

НугIзаллъун рачIина 

ЧIахIиял рукьби, 

Ракьулъ рекъечIого 

КъватIир хутIарал.

Гьединаб букIана 

НекIо умумуз 

Ирсии; наслабазе 

Тараб хасият,

Халкъалъул къиматаб 

Хазина гIадин,

Хераз гIолилазе

Кьолеб аманат.



ТIад магIарулал

Ургъел бикьулезул 

Мажлис киннигин, 

МугIрул руго даим 

Данде ракIарун,

МагIарулаз гьазул 

Гьурмада жакъа 

Къиссаби гIемерал 

Руго цIалулел.

ЦIумаз рещтIеналъе 

ТIаса бищула 

ТIокIалъ лъицаниги 

Квер хъвачIеб кьуру,

Кьалда гIумру арал 

Дир умумузги 

Минабазе гьезул 

Босана мисал.

Мискинаб рукъалъул 

Ракъиги бахчун, 

Бащад гьабуна гьаз 

Гьоболасе чед.

Чияралде къантIун 

ТIаделъаразда 

Лъадари бихьана 

Нилъер хвалчадул.

Рижана хучбарал 

Чанги магIарулъ 

Хвалде унеб мехалъ 

Михъал кьурулел,

РагIуне бегIерлъи 

МахIмудил гIадал, 

Рагъда бахIарчилъи 

МахIачил гIадал.



МагIарулал рукIинчел ани ...

ЦIияб гIумру буго 

МугIрузда бижун, 

ЦIумлъун буго гьазул 

ЦIар боржун унеб.

Амма магIарулал 

РукIинчIел ани, 

Машгьурлъи гьазии; швеи; 

Щакаб жо буго.



БетIер чарлъунилан чи херлъуларо.

Дир гьурмада ругел 

Гьал рукIкIалаби 

РикIкIун хвезабуге 

Заман гIадада,

ГIолохъанаб мехалъ 

Дуе гьимиялъ

Лъурал лъалкIал рукIин 

РекIелъ цIунун те.

БетIер чарлъунилан 

Чи херлъуларин, 

ХъахIрасухъ балагьун 

Борцуге гIумру,

Берцинлъи беразул 

ТIелхазулъ гуреб, 

РакIазул тIиндаи;ин 

Бахчун букIунеб.



Аманат

КочIохъан, дир гьудул, 

Гьарула дуда,

Гьаб цо дир аманат 

ТIубазабеян:

БачIина замана, 

Нилъ ратIалъулеб, 

РикIкIадаб сапаралъ 

Дун тIовитIулеб;

ТIокалъ рихьиларин 

Хьул къотIуге дур, 

Дица гьудулзаби 

Толарин рехун.

Хъумуз кодои; босе, 

МагIида бараб, 

МагIарул хъалкалъе 

Хилиплъулареб.

Риччаи; расандизе 

Эркенго килщал 

Кверзуе ругьунал 

ЧIчIвабзазда сверухъ.

РекIее бокьараб 

ТIасаги бищун, 

ТIаме дир кочIое 

ЧIурканаб макъан.

РагIад гьечIониги, 

ЛъалкI лъечIониги 

Лъала дуда дунги 

АскIов щун вукIин.

КIиясго нилъеца 

Цадакъ ахIулеб 

ШигIруялъухъ мугIруз 

ГIинтIамун букIин

Биччанте гьелчезе 

Гьеб нилъер макъан, 

Гьури гьалаглъухъе 

Ралъад киннигин.

РачIина кочIохъе 

Рахъ-рахъалдасан 

Нус-нус гьудулзаби 

Къукъаби гьарун,

Къварилъигун рохел 

ГIахьал гьабулел,

ГIумруялъул талихI 

Гьоркьоб бикьулел.

БукIа абе гьеб кечI 

Кидагоялъе Нилъер гьудуллъуе 

Гьедулеб гьалъун.



Гьадин хван батана

ГIемерал соназул 

Питна букIана, 

Ахир дир квердасан 

Тушман ворчIана

Гьесда хадув ине 

Дир къуват гьечIо, 

Гьадин хван батана 

Къисматалъ дие

ЗагIипаб сабруги, 

ЗагIипаб хьулги, 

РакI гIодоб биччазе 

Дие кьун буго.



МугIрузул берцинлъи

МугIрузул берцинлъи 

Рогьалил гIужалъ, 

Суратал рихьичIо 

Гьадинал кирго,

Бакъул чIораз гьазул 

Рорхатал тIогьал, 

БагIараб меседлъун 

Релъулел руго

Расен буго гьазда 

Бессун сухъмахъаз, 

Халича бихьичIо 

Гьадинаб кибго



ХIинкъуге, гьалмагъ

Рахизин, дир гьудул, 

Гьалъаб тIогьире, 

ТIугьдузул махI бугеб 

Щобилъ чвердезе

ХIетIе хъуштIиялда 

ХIинкъуге, гьалмагъ, 

МугIрузги бетIергьан 

БатIа гьавулин



Нахъехун мун вуссуге

Лъидаха данде чIвалел 

ЧIамучIал къварилъаби? 

Лъида нухда батIичIеб 

МакручагIазул хIилла?

Щибниги мун хIинкъуге 

Нахъехун мун вуссуге 

БитIун хIалтIараб агьлу 

Ахиралда бергьула



МугIрузул пеи;заж

Балагье, берцинлъи, 

Нилъер мугIрузул, 

Кибго батиларо 

Гьадинаб пеи;заж

Бищун махщел бугев 

Художникасги 

Бахъизе рес гьечIо 

Гьадинаб сурат



Гьадинаб берцинлъи бихьичIо кибго

Радал макьидаса 

РорчIулеб гIужалъ, 

Гьале вахъана дун 

ТIад магIарухъе,

Гьадинаб берцинлъи 

БихьичIо кибго, 

Гьадинал тIугьдулги 

РихьичIо кирго



Бакънал рагIана

Кваркьи хьвагIичIого 

Горал сверулел 

МугIрузул цIумазул 

Роржи бихьана

Рогьалил гIужалда 

МугIрул щобазда 

Рогьалил хIанчIазул 

Бакънал рагIана.



Дир гьудулзаби

Пикрабазулъ дие нуж, 

Додиналго рукIина, 

РекIел бащалъи дица 

Абадаялъ цIунила

Хадувги тIад вуссина, 

Нахъеги нилъ данд чIвала, 

КьижичIого сардалги 

Харбида чIун, рогьила.



Росулъе швана

Гьале нахъеги швана, 

Дун гьавураб росулъе, 

Гьалмагъзаби дандчIвана, 

Киналго разилъана

Гьаниб дир гIолохъанлъи 

ГIижаибго сверана, 

Сунареб рокьи буго 

РекIелъ цIунун жакъаги



Тамашаяб халхъ

Чохьол, хинкIил гуреб 

Хабар лъаларел, 

Хирияб мацIалда 

ЦIали лъаларел,

Чилъи гIодоб тарал, 

Намус лъаларел, 

Тамашаяб ракьда 

Тамашаяб халкъ



НекIсиял багьадурзаби

Наслаби ине риччаи;, 

ГIасраби хисе абе – 

Херлъиларо, хвеларо 

НекIсиял багьадурал.

РукIанин, гьадиналин 

Дица абизе гьечIо,

Гьал руго нилъгун цадахъ, 

КIочон тезе риччаге!



Дица тирарал нухал

Гьале, рихьулел руго 

Дица тирарал нухIал, 

Гьале рихьунел руго 

Дунго ругьунал мугIрул.

Хисун буго сверухълъи, 

ТIеренлъун буго гIорги, 

Хисун руго гIадамал, 

ТIеренлъун буго намус



ГIарцул кьер

Гьале дир гьудулзаби 

Жакъа нилъ данде чIвана, 

Рохалии; гьечIо гIорхъи, 

Урхъуе гьечIо роцен

Цо-цоязул гьурмазда 

Мухъал гIемерлъун руго, 

ГIемерисезул расулъ 

ГIарцул кьер рештIун буго



Гьудул

ГIемерал сонал ана, 

Данд чIвана дирго гьудул, 

Мун щибго хисун гьечIо, 

Цо дагьав херлъун вуго

Амма доб ритIухълъиги, 

РакIалъул недегьлъиги, 

Гьадабго хасиятги, 

Хисун гьечIо щибниги



Цоги нух тIаса бищизе гьечIо

МугIрузул гIорал гIадин 

ГIумру чвахулеб буго, 

ГIасрабаца иргадал 

аслу хисулеб буго

Нусгоги, азаргоги,

Ина сонал гIемерал, 

Нахъ руссунареб сапар 

Бухьила нилъецаги



Дунялалъул берцинлъи

Вабабаи; барцинлъи 

Гьаб дунялалъул: 

Рохьил рагIаллъуда 

Сверулел чундул

Чабхъил кIкIалабахъан, 

ГIарцул куналлъун 

КенчIолел лъаразул, 

Хехаб рекери



Каспиялъул махI

Соназ кIатIун араб 

Доб гIолохъанлъи, 

РакIалде бачIана 

Ралъад бихьидал

Жакъаги цIамхIалаб 

Дур некIсияб махI 

Данде чIвана, 

Каспии; Духъе шварабго



Поэтазде

Каранда цIа рекIунел 

КучIдул нилъее тарал, 

ГIенеккизе берцинал 

РагIаби нилъеи; тарал,

Нилъер умумузул цIар 

ЦIвабзазда аскIор лъурал, 

Поэтал, нужер цIарал 

КIоченаро кидаго



Аслияб жо

ГIемерал сонал рана, 

БотIрода рас хъахIлъана, 

Чанги гъалатIал ккана, 

ГIемераб жо бичIчIана

Амма мухIканго лъана, 

Аслияб жо щибали: «бакъги,

лъимги,

гьаваги,

Гьездаго цадахъ кечIги»



Ихх

Хасалил согIлъиялъе 

БачIунеб буго ахир,

Ракьги борлъун гIурччинлъи 

БачIунеб буго бижун,

Дунял хинлъулеб буго, 

ГIазу биунеб буго, 

Ралъдалъе сапар бухьун 

Чвахулел руго гIорал



КIиязулго вар-вари

ЦIалдохъабаз тIахьазул 

ТIамчалги регуларо, 

Рехсолел руго хIарпал, 

Цабиги кенчIолаго

КIиязулго вар-вари - 

ЦохIо столалда нахъа, - 

БетIер унтун бугилан 

Семулеи; и;иго эбел



Макьу

Макьилъ ракIалде швана 

Цебегосеб замана: 

Беролеб гIумру буго,

Дун гьитIинаи; яс и;иго, -

ТIугьдузул квацIи буго

Дие бачIун букIараб,

ТIегь бараб гъветI бихьула 

Дир азбаралда жаниб

И;оххулаго кIаллъалеи; 

И;ихьула дирго эбел, 

КIвахIалго цIабуцIулеб 

Бихьула дирго кето



Рогьалил бакъгун цадахъ

Сонги бецIго букIана, 

Жакъаги бецIго буго, 

Рогьалил бакъгун цадахъ 

БачIун буго чIегIер накIкI

Жаниб бугеб гьинал ракI 

ЧIолеб гьечIо хIалалда, 

Бакъ баккани боххула, 

ГьечIони пашманлъула.



Макьу бачIунеб гьечIо

Авлахъ чIегIерлъана, 

Сордо бецIлъана, 

Дир беразде макьу 

БачIунеб гьечIо

Зодихъан моцI баккун 

ХъахIлъи реххана, 

Дир беразде макьу 

БачIунеб гьечIо

Зобал макьидаса 

РорчIунел руго, 

Дир беразде макьу 

БачIунеб гьечIо.



КунчIи бахъана

Рогьалил хъахIлъиялъ 

Гъалаи; биччана, 

Дунялалъул бецIлъи 

Нахъе лъутана

Дидехун рортулел 

Карачелазда ГIарцул кьер рехана, 

КунчIи бахъана



МугIрул макьидаса рорчIунел руго

Бакъбаккул рахъалъан 

КанцIи реххана 

МугIрул макьидаса 

РорчIунел руго

БецIлъи канцIудаса 

ХIинкъулеб буго 

ХъахIлъи тIамурабго 

Лъутулеб буго



Нилъер умумул

Чаран-махх букъулеб 

Чода рекIунел, 

Чоялъул кьолода 

Кьурдизе кIолел,

Чарамул хвалчаца 

Къолден къотIулел, 

Гьединал рукIана 

НекIо умумул



Зоб гъугъана

ЦIахIилал накIкIалгун 

Гьури-цIер швана, 

Дунял сородана

Зобал гъугъана

Горда цебе бугеб 

ТIеренабго гъветI, 

Гьородаса хIинкъун 

ХьвагIулеб буго



Рокъобго лъикI

Ваи;, цо бугеб рахIат, 

Печалда аскIоб 

БухIараб чаи; буго, 

Хинлъун дун и;иго

Гьури-цIер, гIазуги, 

ГIассияб квачги, 

Дица къватIиб тана, 

Хабалъ букъаяб

НуцIа рагьун къватIии; 

ТIокIаи; инаро

Рокъои;го чIела дун 

ТIахьалги цIалун



ТIаде яхъе

Гьава-бакъ рекъараб 

Къо бачIун буго, 

Заман щвана гьанже 

ТIаде яхъизе

Махсароде къанщун 

Берал ругеи; яс, 

Хекко тIаде яхъе 

Школалде ине



Метер радалго яхъина

Дунял къалъун буго, 

Бакъ гвангъун буго, 

Жакъаги кватIана 

ТIаде яхъизе

ГIурччинаб авалги, 

РоцIцIараб зобги, - 

Метер рогьалида 

Яхъизе и;иго



НекIсияв гьудул

РачIуна хиялал, 

Хехал пикраби 

Хенолел чIоларо, 

Жакъа къоялъги.

РакIалда рачIуна 

Цересел сонал, 

Кидаго разияб 

Сабураб гьумер,

Гьурмада чалухал 

Бералги гвангъун, 

Кепалда гьимулев 

НекIсияв гьудул



Хьулал къотIичIо

Хераи; кIодо и;иго, 

КIикъого соналъ, 

Сапаралъ вас жакъа 

РегIарав гIадин,

Хирияв васасухъ 

Урхъун ялагьун. 

ГьечIо. Вихьуларо. 

Хьулал къотIичIо.

Къваридаб харбида 

Божулеи; гьечIо. 

Балагьун чIун и;иго 

Гьале жакъаги



Берцинлъи

Берцинаб жо буго 

Зобги ралъадги, 

Лъутулел, рортулел 

Карачелалги

Берцинаб жо буго 

ГIодоб гIурччинлъи, 

ГIорччинал гъутIбузда 

Ругел хIанчIиги

Кинабго бихьизе, 

Берцинлъи лъазе, 

ХъахIилаб зодикъан 

Баккараб бакъги



Мун тIаде вачизе гьечIо

Щаи;зе мун гIодулев 

ГьитIинав гьудул, 

Щибго гIилла гьечIо 

Мун къацандизе!

Нижеда хъвалисун 

Берал речIчIоге, 

Гьаваялде гогьал 

Бохдул хьвагIуге!

Дуда лъа, мун тIаде 

Вачизе гьечIо,

Щибго гIилла гьечIо 

Мун къацандизе!



БацIги кечIги

ХIамаги, ДегIенги, Бечеги, ХIелекоги рукIанила гьудул-гьалмагълъиялда. Цо къоялда гьел рукIанила росдадаса дагьаб рикIкIадаб бакIалде рахъун расандулел. Араб лъачIого къоги ун, къаси сордо тIаде шванила. Бакъвараб гIучI-мучIги бакIарун, гьелда цIаги гъун, цIадуда сверухъе ракIарун, хинлъулел рукIанила гьел.

ДагIница бицанкIаби чIвалел рукIанила, ХIелкица кечI ахIулаанила, Бече гьезухъ гIенеккун букIанила, ХIама, цIеда сверун лъугьун, гьелъул тIалабалда букIанила.

ЦIаялда сверухъе къалъ-къалъун, къад къо гIадин букIанила, дагьаб добегIан бецIаб, канлъи бихьулареб сордо букIанила. Цо заманалдасан гьезда рагIанила цо гьаракь.

- ваи; бецIлъи щиб дунялалъул. Квачаца холеб дун хинлъизе биччаи;! – ан ахIделаго, тIаде бачIанила БацI.

ХIамаги, ДегIенги, БечIеги, ХIелекоги цIакъ хIинкъанила, амма гьез БацIида хIал лъазе биччачIила.

- Мун гьедигIан квачан батани, бачIа дурго хинлъизе цIадухъе, дуеги гIелин гьаниб бакI – ан абунила гьез.

Iадухъ лъикIаб хIалалда хинлъанила БацI, цинги гьелда ракIалде щванила, тIубараб къоялъ квине жоги щвечIого, жибго бакъун букIин. Гьазул киналдасандаи; кваназе баи;бихьила абун, лъикIаб хIалалда халгьабунила гьелъ ХIамилги, ДагIнилги, Бачилги, ХIелкилги.

- Щиб гьабулел нуж, ахIулеб букIараб кечIги чIезе тун, дихъ ралагьун! Ворея, цо чагур кьея дихъе, - ян абунила БацIица. Кьунила БацIихе чагур.

Чагуралъул чIвабзазда кIутIулаго, БацIица ахIанила гьадин:

ХIелеко кьара буго,

ЛъикIаб квине жо буго, 

Баи;бихьилищ гьелдасан, 

Далаи;, далаи;, далалаи;.

ДегIенги квешаб гьечIо, 

Гьебги радалквен буго, 

Гьелдасан ги бегьила 

Баи;бихьизе, далалаи;.

Валлагь, Бечеги буго 

Мохмох гIадаб кьарияб. 

Къасиквании; бегьила,

алаи;, далаи;, далалаи;.

ХIамаи;илан абуни, 

Гьеле дие къадиквен. 

Гьелдасан баи;бихьизин 

Далаи;, далаи;, далалаи;.

Жиндирго хIакъалъулъ БацIица ахIулел кочIол рагIаби рагIараб мехалъ, рекIелъе бачIараб хIинкъиги бахчулаго, Х!амица абунила БацIида:

- Кьея дихъеги чагур, цо дица ахIулеб куц дудаги рагIизе, - ян ва, БацIихъа чагурги босун, кIутIулаго гьелда, гьадин ахIанила:

Кина-щинабго гуреб 

Къадеквании; бегьулеб. 

ЧIвалеб дур кIал щанкIлица, 

Далаи;, далаи;, далалаи;.

ТIаде ДагIницаги жубанила:

БегIерал лъурдул тункун, 

Чехь дицаги бихъила, 

Дунги хIинкъун чIеларо, 

Далаи;, далаи;, далалаи;

ХIелкицаги ахIанила:

БацIил берал рахъила, 

Бецаб хIехълъун гьабила.

БачIа дида аскIобе,

Далаи;, далаи;, далалаи;.

Киназухъго гIинтIамунги букIун, тIарамагъада бохуца холаго, Бачицаги тIаде жубанила:

Дунги нужеи; хIалае 

ХIадур бугин бахъине. 

ХIинкъуге нуж БацIикьа, 

Далаи;, далаи;, далалаи;.

Киназго ахIулеб кочIол магIнаги бичIчIун, БацI хIинкъанила, ва гьелъ лъути бахъинабунила. Рохуца холаго хIадур ахIделел, гьештIелел ХIамаги, ДегIенги, ХIелекоги, Бечеги рукIанила.

Гьелдаса хадур гьел, БацIиде гьабураб кечI ахIизе ва рагIизе, цIадухъе ракIарулаанила зама-заманалда.



Кинал кIудиял?

Цо нухалда Малла Насрудинида гьудул- гьалмагъзабаз гьикъанила:

- Вацги мунги кинал нужер кIудиял?-ан.

- Гъоркьисала инсуца абулеб рагIун букIана дидаса вац цо соналъ кIудияв вугилан. Гьелдаса нахъе дурус цо лъагIел тIубана. Гьанже, дир хIисабалда, ниж кIиялго ращадал рукIине ккола, - ян абунила Малла Насрудиница.



ЦIваби кин гьарулел?

Цо нухалда Малла Насрудинида гьикъанила:

- ЦIияб моцI баккараб мехалъ, басриялда щибдаи; гьабулеб? – ан.

- КIудиял гIурал чагIазе, нужее гIаи;иб гьечIищ, гьедигIан бигьаяб жо лъачIого рукIине? ЦIияб моцI баккараб мехалъ, басрияб, квартIица бухун гIисинги гьабун, гьелъул цIваби гьарула, - ян абун жаваб кьунила Малла Насрудиница.



Умумузул абиял:

ГIелму гьечIев чIухIухъан – чIобогояб маххул сахI

***

Жакъа бечедавилан чарухъазда чIухIуге,

Чангияв нухда лъолин лъаи; бугеб цо бетIералъ.

***

КъабихIлъун чи вихьун чIухIи гьабуге. ХIинкъарасул зарин зазгIан бегIераб.

***

Гьерсил чода рекIарав, хехго гъоркье рещтIуна.

Цинги лъелго вилълъине хIатIида гIицIго ккола.

***

Черхалда гIетI цIиричIеб боцIи данде

гьабуге,

БацIал дуи; хIадурулин хIарамаб боцIи

квине.

Калам дагьлъи – беццараб, рекIеда нур балеб жо,

ГIемер кIалъаи; - какараб, каранлъ пардав лъолеб жо.

***

Ццим бахъарав вохичIо, хехлъарасе тIокIлъичIо.

ЧIалгIине гьабурасе гьудул-гьалмагъ ватичIо.

***

РекъечIеб бицарасда бокьулареб рагIула,

Хвалчадул ругънадаса рагIул ругъун унтула.

***

Воре, цо чи тарани, тункун рагIи абуге, Гьесул лъугьараб хатIа

хващтIан бадиб кьабуге.



ГIамал Квеш

Зодоб бакъ бугони, 

Мун рази гьечIо. 

НакIкIаз бакъ бахчани, 

Мун рази гьечIо.

Зодосан цIад бани, 

Мун рази гьечIо. 

ЦIорол горо бани, 

Мун рази гьечIо.

Нагагь гIазу бани, 

Мун рази гьечIо. 

Цинги гьури пуни, 

Мун рази гьечIо.

Нагагь ГIизраилас 

Мун ячун ани – 

Ниж разилъиладаи;, 

Пашманлъиладаи;?



ГIакълу

Ятиладаи; щии;го 

Гьаб ракьалда тIад 

Гьанже дун гIадинаи; 

ГIакълу щущараи;?

ГIакълу бачlунила 

ГIундул рагьани, 

ГIакълу щущалила 

ГIемер кIалъани.



Кквезе кIоларо

ХъахIилаб зодихъ хIинчI 

Буго боржунеб,

Дица квер битIула - 

Кквезе кIоларо.

Цоги дун гIадинаи; 

ГIабдал и;игодаи; 

Хиялазул ракIалъ 

Керен бухIулеи;?



КIиго наслу бижун буго...

Гьаб гургинаб дунялалда 

КIиго наслу бижун буго: 

Адамилгун ХIавал – цояб, 

Маи;малаказул – цогияб.

Гьаб Адамил наслуялда 

ГIадалал чи гIемер гьечIо, 

Гьаб Адамил наслуялда 

МагIнаял чи цIикlкIун руго.

Маи;малакил наслуялда 

Маи;малакал гIемер руго, 

Маи;малакил наслуялда 

ГIадалал чи гIемер руго.



РакIал – магIарухъ

МагIарул росаби 

ЧIорого руго. 

МагIарулал рехе 

Гочун ун руго.

Амма гьезда макьу 

Росулъ бихьула. 

РакIал хутIун руго 

Гьезул магIарухъ.



БоцIи:

Умумуз бицун тана Лъабго жо

БоцIи гурин:

- Наялги,

- ГIиялги,

- ГIурул рагIалда хурги



Сухъмахъ

Сверулеб гьакил гIадаб 

Буго гIумрудул магIна: 

Гьеб сверулеб чIоларо, 

ЧIезеги гьеб толаро.

Цин эхеде, цин бехе, 

МугIрузул нухI кинниги,

Цин бигьалъи, цин захIмат - 

ГIумруялъулги сухъмахъ.



Лъазе кlоларо

Гарбица бетIерищ 

Кьуризабулеб?

БотIроца габурищ 

Буссинабулеб?

КигIан ургъаниги, 

Лъазе кIоларо.



ГIали

ГьитIинав жо

ГIали вуго вачIунев, 

Балагьун чIун,

КIодо и;иго кав рагьтIа

Жакъаги дун КватIанадаи;, дир кIодо? 

Дие щолеб

Саи;гъат бугищ кьечIого?

Дуе тараб

Саи;гъат кьечIо лъиего, 

Цинса кванаи;,

Хадуб кьела мухIканго.



Зар

Дур кIалзуда

кIиго нухалъ зар щвани, 

ГIакълу гьечIо

Дур ботIрода щибниги.



Исана сон нахъ тани...

Школалде дун инегIан 

ЛъикIаб гIумру букIана, 

Ихтилат-кеп гIемераб, 

Эркенго хIухьел цIалеб.

Хадув школалде ана, 

КIии;илалги росана. 

Ургъелалъ габур-бетIер 

Далун гIодобе цIана.

Дир рокъов гьудул-гьалмагъ 

ЦохIо кlудадада вуго, 

АхIи-хlур гIемерлъани, 

Гьесда аскIове къала.

Рокъобги гьес рахъккола, 

Школалдеги вачIуна, - 

КIии;илалги дагьлъана, 

Ункъилалги раккана.

Гьабго хIалалъ иш ани, 

Исана сон нахъ тани, - 

Щуи;илалги росила, 

КIии;илал росиларо.

P.S. ЧIахъаги дир хирияв кIудияв дада



Меседил горо

Къирун нуцIагун рокъое 

Яккун ячIанила 

Ясалъул яс - гьитIинаи; Меседо. 

ТIамулел чIумалги 

ГIодор лъун гьалъие 

Бакъан биччанила херас:

Гьале дихъе ячIун и;иго, 

Меседил горо. 

ГIемераб жо кьезе буго, 

Меседил горо. 

КъотIун тортги цебе лъела, 

Меседил горо. 

Бокьанщинаб щвела дуе, 

Меседил горо.

Хадуи; кIудияи;ги гIела, 

Меседил горо.

Гормендоги босила дуи;, 

Меседил горо. 

Мачуялги гьарила дуи;, 

Меседил горо. 

Гъамасги хIадурлъила дуи;, 

Меседил горо.

Бачун цIцlеги хъвезе буго, 

Меседил горо. 

Росасеги кьезе и;иго, 

Меседил горо.

Меседоца абун буго:

Ваи;, вереха, цIцlе хъоге, кIудада 

БуртIал гьаризе те! – ян. 

Гьединаи; и;икIунха дие мун и;окьулеи;, 

Дир цIодок – Меседил горо – 

Абун буго херасги, велъулаго.



СубхIат

Росулъ субхIаталде унел ясал 

ЧIезарун руго кIодоялъ:

- Ясал, нуж кире?

- СубхIаталде

- Гьеб щиб жояли лъалищ нужеда? - Лъала.

- Лъаларо нужеда, гIенекке:

Зиниханас субхIаталда пулила зоно. 

Зинил гьороца бачунила бакъан:

«ГIитI – ГIитI, 

ГIитI – ГIитI, 

ГIабдал вугищ? 

ГIабдал гьечIищ? 

ГIитI – ГIитI, 

ГIитI – ГIитI, 

ГIабдал вугищ? 

ГIабдал гьечIищ?» - абун.

Къолохъанасул тIилаз бетIер 

бухъарабго, къалица кьолила жаваб:

«Дамба-димба 

Дунго гIабдал, 

Дамба-димба 

Дунго гIабдал. 

Дамба-димба 

Гьорол цIураб,

Дамба-димба Дирго бетIер», - абун

Цинги кIанцIун гор бакьулъе цо гIолохъанчи вачIунила:

«Дамба-димба

Дунги гIабдал, 

Дудасаги кIудияв, 

Дамба-димба.

Дунго гIабдал 

Дудасаги гьалакав», - абун.

Васас тIил чIварабго, ячIунила гор бакьулъе сверизе ясги:

«Дамба-димба

Дунги гIабдал, 

Дудасаги кIудияи;, 

Дамба-димба

Дирги бетIер 

Лъидасаго тIадагьаб», - абун.

- Гьанже бичIчIанищ нужеда?

- БичIчIана.

- БичIчIун батани, къан магъалгун рокъор чIа!-

ян лъугIизабуна кIодоца. Гьединаи; согIаи; кIодо и;икIун и;иго гьезул Щуго вацасул цо яц.

Мунагьал чураги гьелъул.



ГIакълу гьечIеб гвангара

Берцинаи;, ракI лъикlаи; яс, 

Дуца гьумер бахчуге, 

РекIелъ щиб бугеб бице, 

Берцинаи;, цIодораи; яс.

Дица гьумер бахчила, 

ГIакълу гьечIеб гвангвара. 

РекIелъ бугеб бицларо, 

Дудаи;ищ гьеб бицинеб?



Мехтараб гIункIкI

Цо гьитIинабго гIодобчIеи; букIун буго 

гIункIкIазул цо росулъ. 

Компанияги лъугIун, дагьа-макъаб коньяк биччараб гIункIкIги рокъобехун къокъун буго.

Цирхун бералгун, лъиего нухги кьечIого, билълъунеб гьалда: 

КъватIул ракьан чIван унеб 

МалгIун-кету дандчIвала 

«Гьанже щванагури мун

Дихъе, дир тушманилан» 

Ццидаххараб гIункIкI тIаде лъугьанила катида.

- Ваи; мунищ гьаб букIараб 

Хирияб къадеквенан, 

Катица гIонкIкIол бетIер 

КIалдиб бачун чIамула.

ЧIамулеб бетIералъул 

ЧIирчIири бахъарабго, 

Мехтараб гIункIкI хеккого 

Доб дунялалде уна.

Гьелъул магIна: 

Коньяк гьекъоге, 

ГIаракъи гьекъоге

Чаи; гьекъе, кофе гьекъе, 

Яги лимонад гьекъе.

Цебего ккараб къисса бугила гьаб. 

ЦIарал хисизарунила, судалдаса хIинкъун.



Хьами

Цlодоралин цlар бугел кlиго чlужу-гlадан кlалъазе ккаралила

Цоялъ цоялда хьамунила:

- Ургъел базе чи камаи;ги дурилан.

- Бараб баччулел чи дургоги тlагIагиян абун буго кIиабилелъги

Гьелдалъун гьезул кIалъаи; лъугIун буго.



ХъахIмикки

ХъахIмикки, боржа хехго, 

Боржа хириясухъе!

Гьесда абе: «Хъваи; кагъат 

Дурго гьудулалъухъе».

ГIедегIе, гьаракь берцин, 

ГIедегIе, керен берцин, 

Гьесда абе: «Дур гьудул 

Унтун и;игин, гурхIаи;ин»

- ХъахIмикки, хвасар гьае 

ГIазаб чIамизе тоге: 

Гьесул жавабал дихъе Дарулъун щвезе гьаре!

Дуца дир гьари тIубаи; – 

Гьогьен чIван сахлъила дун 

Паи;да щиб, ахикь тIокIал 

ДандчIвазе хъван гьечIодаи;.



ХIажат гьечIо

Гьобол рокъов вачIани, 

Гьесие квен гьабула. 

Рокьуца нилъ кванала, - 

Нилъеи; гьеб хIажат гьечIо.



Цои;ги сон

Цо-цо инсан лъугьула 

Азарго сон балилан 

Амма тIаде щолеб лъаи; 

Азарго ун цоги сон.



Пикраби

Нижер азбаралда, 

Мех бахъанагIан, 

ЦIолбоца хьоп буго 

ГIодобе цIалеб.

Дир рукъалда нахъа, 

Заман анагIан, 

Эбелалъ чIараб тIегь 

Буго борхулеб.

Хаселги бачIина,

ЦIибил тIагIина, 

Квелъалги ракIарун, 

Хьопал хутIила.

Дир рукъалда нахъа 

Эбелалъ чIараб 

Доб берцинаб тIегьги 

Бакъван хутIила.



НасихIат эбелалъе

Мадугьалихъ рекъон лъикI, 

Къецгун дагIба кIочон лъикI, 

Цоцазулъ ракI хвезегIан, 

Ракълида гIемерго лъикI.

Дунял рихун батани, 

Рукъалде балагь цIаге. 

Къецалде лъугьинегIан, 

Херазда гIакълу гьикъе!



Дур ракI

Дур ракI мегIерищ кколеб - 

Риидалги накIкI лъолеб? 

Дур ракI мегIерищ кколеб - 

Кидаго кунчIулареб?

НакIкIалищ кколел берал - 

Лъел гарал тIагIунарел? 

НакIкIалищ кколел берал- 

Даимго ракъваларел?



МегIер

-Дурги щаи; ццим бахъулеб, 

Бищун борхатаб мегIер? 

Бакъул чIораз тIоцебе

Дур тIогь гвангъизабулин?

-Бакъул чIораз тIоцебе 

Дир тIогь гвангъизабула, 

Ахада тIугьдул руго,

Дир тIогь гIаздал цIун буго.



Васас ясалде гьабураб

Берзул тIелхазулъан 

МагIу чвахичIеи;,

Цо гIанчIаи; ясалъухъ 

Буго рокьи ккун.

Макьилъгицин дие 

ХIалхьи толареи;,

Цо гIанчIаи; ясалъухъ 

Буго рокьи ккун.

ГьечIо гьелъул гIадаб 

Берцинлъи лъилго, Б

алагьун хутIула 

Хаган киналго.

Гьелъ асир гьавичIев 

Вас ватуларо,

Цо гIанчIаи; ясалъухъ 

Буго рокьи ккун.

Лъаразда релълъуна 

Гьелъул кIиго гъал, 

ХIоразда релълъуна 

Гьелъул кIиго бер.

Кьунсрул руго гьелъул 

КIиго моцI гIадал,

Цо гIанчIаи; ясалъухъ 

Буго рокьи ккун.

Гьелъул сурат бахъун 

Бажаруларо,

Ва бажараниги,

Дида кIоларо.

Гьеи; ракIалде щведал, 

КIал-мацI ккола дир – 

Цо гIанчIаи; ясалъухъ 

Буго рокьи ккун.



Нужер тIох

Цин тIаде ун, гъоркъе ун, 

Нужее гвангъула бакъ, 

Нижер тIохда тIубараб 

Къоялъ чIун буго рагIад.

Цин тIаде ун, гъоркье ун, 

Нужее гвангъула бакъ, 

ужер тIохил хинлъиялъ 

Нижее хинлъи гьечIо.



Дун жеги хинлъун гьечIо

БукIана хъахIлъун мегIер, 

Мелалдаса хъахIлъун хур, 

БукIана гIазугун цIер - 

ЦIаялъ бухIана дир ракI.

Ихдал ахал хъахIлъана, 

Хадуб рии бачIана, 

Бакъуца ракI боркьана- 

Дун жеги хинлъун гьечIо.



Ихтияр гьечIо:

И;охъ, дур ихтияр гьечIо 

Бегьулареб бицине 

БицинчIого чIечIони, 

Жавабги кье дуцаго.



Ахир гьечIо:

Нилъ эхеде ххарулеб 

ТIогьалъул гIорхъи буго, 

ГIодоре нилъ гирулеб 

КIкIалалъул ахир гьечIо.



Дирго кIортол кIиго гIин

Дунялалда бищунго 

Берцинаб жо щибилан, 

ХIамида гьикъун буго, 

ХIамица бицун буго:

-Бищунго берцинаб жо - 

Дирго кIортол кIиго гIин, 

Бищунго сурукъаб жо - 

Хважаинасул гъалда.



РакI:

Пашманлъи къинабулеб 

Лъалебани дида бакI, 

Дун гьенибе инаан, 

Нахъе буссунароан.

Ургъел рекIелъа унеб 

Лъалебани дида ицц, 

Гьелъул лъелъ тIерхьинаан, 

ТIокIаб кIалъалароан.



МегIер ракьулъе ана

Вас вукIана мегIерлъун, 

Квер щолареб кьурулъун, 

Яс и;икIана карачел, 

ХъахIилаб гучаб гIорлъун.

МегIер ракьулъе ана, 

Расалъиялъ къулчIана. 

ГIорги бакъван тIагIана, 

Гьеб хьуцIиде сверана.



Дир месед

Киналго ралагьула, 

Дир месед,

Дур кунчIарал беразухъ, 

Дир месед,

Дур хъахIаб нодоялъухъ, 

Дир месед,

Узданаб лагаялъухъ, 

Дир месед,

ХIинкъун тIамулеб галухъ, 

Дир месед,

Хекко гIела кIудияи;, 

Дир месед,

Хадуи; росасе кьела, 

Дир месед,

Дурги и;икIина тIинач, 

Дир месед,

Мунго гIадинаи; цIодок, 

Дир месед.



Балаи; бергьун буго дир

Васас:

Дур беразухъ, кьунсрузухъ, 

Гъалазул щибаб расухъ, 

Балаи; бергьун буго дир, 

Балаи; бергьун буго дир.

БулбулхIанчIил гIадинаб 

ХIаи;ранаб гьаракьалъухъ, 

ХIасрат бергьун буго дир, 

ХIасрат бергьун буго дир.

Ясалъ: 

РагIадлъун хадув чIоге, 

Гьардухъанлъун свердоге, 

ГIакълу дагьаб гвангвара, 

ГIакълу дагьаб гвангвара.

Берал речIчIизаруге, 

Цои;ги азбаралде а, 

ГIакълу гьечIеб гвангвара, 

ГIакълу гьечIеб гвангвара.



Васасул кечI

Къоло щуго сон бана, 

ГIумру дагьаб бичIчIана, 

АскIоб росулъ и;игеи; яс 

Дир рекIелъе и;осана.

ЦинтIаго данде чIвараи; 

Берцинаи; хIурулгIиналъ 

РекIеда цIа бакана, 

Свине гьабизе кIвечIо.

Дун валагьун чIун вуго 

Дур разилъи щвеялъухъ, 

Амма дир эбелалда

Дун вичIчIизе кIоларо.

Дургоги кканагури 

Кидаялиго рокьи, 

Киназдаго кIал гьикъун, 

Анагури инсуе.

Огь, эбел, рокьул нухал 

РитIарал рукIунаро, - 

Дица дуда гьарула 

Гьанже дун живго теян.

БагIнасил берал ругеи;, 

Берцинаи; яс дир и;иго. 

Дунги, кIиявго вацги, 

Дир эменги дур руго.



Гьудуласухъе:

Къункъра, вере, гIенекке, 

Дир гьаракъ рагIуларищ, 

Нагагь гьудул вихьани, 

Гьесда дир салам бице.

Зоб къотIун къокъунелъул, 

Балагье рахъ-рахъалде, 

Гьудул вихьани абе

Дихъе нахъвуссаи;илан.

Дуца хIеренго бице

ХIал ккараб дир гIумрудул, 

Абе ккарабщинаб жо КIочон тезе мех щванин.

БухIулеб рекIел гьари 

Гьесие къабуллъани, 

КъватIибе кIанцIилаан 

ЦIакъго кьабиялъ дир ракI.



Къоркъол бакъан

Цо пуланаб росдал 

ГIурул рагIалда 

Щурункъверкъ букIараб 

Бакъан щурулеб.

Гьелъ биччалеб бакъан 

ГIинда рекIарал 

ХIутI-хъумураз гьалда 

Зигара бана:

- ТIокIаб бакъангои;ищ 

Дуда лъалареб? 

Бегьулеб батани, 

Гьеб къур-р-ри хисе.

Бакънабини дида 

ГIемерал лъала, 

АхIизе кIоларо 

КIалдибе лъим бачIун.

МагIна: Бегьулареб хабар бицуге! Гъанкъула



Поэтасул ахирисеб кечI:

Беразда бихьуларо, 

Лугбул мутIигIлъуларо 

ЛъугIун ана къоялги 

Ккана буссаде дунги

Къо-мех лъикI, мугIрул тIогьол 

МагIарул иццазул лъим, 

Къо-мех лъикI, хъахIал зобал, 

ХъахIал накIкIазул тIелал.

Дун сапаралъ къокъана, 

ТIокIав тIадвуссинаро, - 

Гьаб дуниял дир гуро, 

Гьанибго толеб буго

Мунагьал гIемер руго, 

Гьабураб жо дагь буго, 

Бечед гурхIарав вуго, 

Хвасарлъизе хьул буго.

0
583
Нет комментариев. Ваш будет первым!